Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пётрица гьарана дол рагІабазул магІна бицеян. Жалго хутІидал, дов анцІила кІиявго чапарасги цогидал цадахъ рукІаразги ГІисада гьикъана, мун мисал бачун кІалъаялъул магІна щибилан. Цинги гьес абуна: – Унго бичІчІичІебищ нужеда доб мисалалъул магІна? Гьеб бичІчІуларел нужеда цогидал мисалал кинха ричІчІилел? Гьедин гІемерал мисалалги рачун, гьезда бичІчІуледухъ бицунаан ГІисаца Рохалил хабар. Мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гІадамаздехун гьесул. Цинги жалго хутІараб мехалъ, жиндирго муридазда бичІчІизабулаан гьес гьеб киналъулго магІна. Гьеб халкъалда аскІоса ун рокъоре щвараб мехалъ ГІисада муридаз гьикъана доб кициялъул магІна щибилан. Гьеб мисалалъул магІна щибилан гьикъана муридаз.
Выбор основного перевода