Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила.
Гьедин нужеда гьоркьов вугев щивав чиясги жиндирго бугебщиналдаса инкар гьабичІони, гьесдаги кІоларо дир муридлъун вукІине.
Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб.
Гьебали щиб гурин, хІатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикІкІуна дица, дир ТІадегІанав МасихІ ГІиса дидаго вичІчІун лъаялъул тІокІлъи-хайиралда данде ккуни. МасихІ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, – рищни-къуллъун рикІкІуна дица гьеб кинабго.