Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги. ГьебсагІат Пётрида цее гІодой ккун хвана гьейги. РачІун долго гІолохъабаз росасулалда аскІоб букъизе босун ана гьелъул жаназаги. Иман лъуразул агьлуялъулги ва гьеб хабар рагІарал киналго цогидал гІадамазулги рекІелъе кІудияб хІинкъи лъугьана. Эфесалда рукІарал киналго жугьутІаздаги греказдаги рагІана гьеб хабар. Кутакаб хІинкъи лъугьана гьеб халкъалъул рекІелъе. ТІадегІанав ГІисал цІаралъе рецц гьабуна гьез. КІиабилеб нухалъ вачІараб мехалдаги лъазабун букІана, гьанже нужедаса рикІкІад вукІаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течІезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхІел букІине гьечІилан. ГІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачІун кьварараб тамихІ гьабизе ккунгутІизейин гьанив вукІун хъвалеб бугеб дица гьадин.
Выбор основного перевода