Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисал ратІлидагІаги квер хъвазе щвани, жий сахлъилин ракІалде кколаан гьелда. Дур гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги тейилан гьарулеб букІана гьез. Гьелда квер хъваралщиналги сахлъулел рукІана. Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун Павелил квердасан цІакъго чІахІиял мугІжизатал загьирлъана. ХІатта гьесул квербацІцІ яги ретІел-хьит унаан унтаразухъе босун, ва гьездалъун унтарал сахлъулаан, гІадамазул чорхолъа нахъе унаан хъубал жундулги.
Выбор основного перевода