Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Мукъадасаб Рокъове вачІун, Сулайманил рагъида дове-гьаниве хьвадулев вукІана ГІиса. Киналго гІадамазул рекІелъе лъугьана Аллагьасдаса хІинкъи: чапарзабаздалъун Аллагьас рихьизаруна гІемерал хІикматал ишалги мугІжизаталги. Пётридаги Иоаннидаги аскІоса кьуричІого чІун вугев гьев чи вихьидал, киналго гІадамал гІажаиблъун-хІикмалъун Сулайманил рагъи абулеб бакІалде рекерун рачІунел рукІана гьезда аскІоре. Иман лъуразул гьеб кІудияб агьлуялъул рухІалги ракІалги цолъун рукІана. Жиндирго букІараб боцІи-бечелъиялда лъицаниги абулароан гьаб дир бугилан, кинабго гІахьалаб букІана гьезул. Жиндилъ баркатги къудратги бугев Стефаница халкъалда рихьизарулел рукІана кІудиял мугІжизаталги гІаламаталги. Павелицаги Барнабацаги гІезегІан заман бана гьениб. Гьез хІинкъичІого бицунеб букІана ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ. Гьесул баркатаб рагІуда божизе гьезул квердалъун лъугьунел рукІана хІикматал ишалги мугІжизаталги. Гьебмехалъ киналго руцІцІун чІана. Цинги гьел гІенеккана Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун жидеца цогидал халкъазда рихьизарурал хІикматал ишазулги мугІжизатазулги хІакъалъулъ Павелицаги Барнабацаги бицараб хабаралъухъ.
Выбор основного перевода