Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал.
Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.