Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Аллагьасул кваранаб рахъалде вахиндал, гьес гІадамазде чвахизабуна, рагІи кьун букІиндал Инсудасан щвараб Илагьияб РухІ. Гьеб нужеда бихьулебги рагІулебги буго. Пётрица гьезда абуна: – Нуж кантІе ва нужерго мунагьал чуризе, МасихІ ГІисал цІар рехсон, щивав чи лъадалъ ччун вахъизаве, ва сайигъатлъун Илагьияб РухІ рещтІина нужехъе. Кинабго сундуего ва жинцаго бижарав Аллагьас ГІиса гІазаб-гІакъубаялдалъун камиллъизави ритІухълъараблъи бихьана нилъеда, – гІемерал лъималазе гьесул цІар-реццалъул бутІа щвана. ГІисацалъидалин гьел хвасарлъиялде рачунел! Авалалдаса ахиралде щвезегІан нилъер божи-иманалъул аслу-кьучІлъун вугев ГІисахъ ралагьилин. Жиндие насиблъизе бугеб рохалие гІоло, инжитлъи-хІакъирлъиги гІадахъ босичІого, хъанчида вараб хвел хІехьана гьес ва Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана.
Выбор основного перевода