Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун. ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи. Ибрагьимилги, ИсхІакъилги, Якъубилги ва нилъер умумузулги Аллагьас кІодо гьавуна жинцаго витІарав ГІиса. Нужецайин абуни гьев Пилатил кверде кьуна. ГІиса нахъе виччазе ракІалда букІарав Пилатида цебе нужеца гьесдаса инкар гьабуна. ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи. Ниж руго кинабго жугьутІазул ракьалдаги Иерусалималдаги гьес гьабурабщиналъе нугІзал. ГъотІода ван гъанкъун хвезавуна гьев. Лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинеги гьавуна Аллагьас гьев, хваралъуса вахъун вихьулевлъунги гьавуна. ГІисал хІакъалъулъ Илагьиял ТІухьдузда цебеккунго хъван букІарабщинаб гьел гІадамаз гьабун хадуб, гъотІодасаги вахъун, хабалъ вукъана гьев. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав. Цинги гьес дида бицана: «Нилъер умумузул Аллагьас мун тІаса вищун вуго жиндирго амруги дуда лъазе, Аллагьасул вацІцІадав вакилги вихьизе, гьесул каламги рагІизе. Къануналъул нагІанаялдаса нилъги хвасар гьарун, нилъее гІоло гьеб жиндаго тІаде босана МасихІица. ТІехьалда хъван бугелъулха: «ГъотІода жаназа бан бугесулъ Аллагьасул нагІана буго». Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе – чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана.
Выбор основного перевода