Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЯхІя чІвазе бокьун букІана Гьеродие. Амма халкъалъукьа хІинкъана, киназго гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал». Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Гьеб мисал жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана чІахІиял кашишзабазда. ГІиса кквезе хІаракат бахъулеб букІана гьез. Амма халкъалъукьа хІинкъун тезе ккана. Живго гьевги тун, нахъе ана гьел. Диниял гІалимзабазе ва чІахІиял кашишзабазе бокьун букІана, гьебсагІатго кквезеги ккун, ГІиса жанив тІамизе, амма халкъалъукьа хІинкъун тана. Гьеб мисал ГІисаца жидер рахъалъ бачараб букІин бичІчІана гьезда. ЧІахІиял кашишзабиги диниял гІалимзабиги ургъулел рукІана ГІиса тІагІинавизе санагІат ккелародайилан, амма халкъалъукьаги хІинкъулел рукІана гьел. Гьедин халкъалъе хабар бицунел гьел ругеб мехалъ, рачІун тІаде щвана кашишзабиги, Мукъадасаб Рукъ цІунулел рагъухъабазул бетІерги, саддукеялги.
Выбор основного перевода