Гьардарал гурищ гьел, ритІухъго хьвадунилан гІадамаз гІакъуба кьолеб бугел, – гьезие бугелъул Зобалазул ПарччахІлъи.
Гьардарал гурищ нуж, – дун сабаблъун нужеда рогьо балеб мехалъги, нужее гІакъуба кьолеб мехалъги, гьечІеб рагІи нужеде абулеб мехалъги – рохизе ругел.
Роха-хинлъун рукІа, разиго рукІа, Зобалазда кІудияб шапакъат щвезе бугин нужее. Цересел аварагзабазеги кьедал гІадамаз гьедин гІазабги гІакъубаги.
Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь.
МасихІие букІараб гІадаб гІазаб-гІакъуба нужееги насиблъиялдаса рохун рукІа нуж, гьесул къудрат загьирлъараб къоялъ рохуца холел рукІине.
Амма гьеб кинабго христианав вукІин сабаблъун кколеб бугони, намуслъизе ккеларо. МасихІил агьлуялъул вугилан Аллагьасе рецц гьабе.