Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьез ккун вачун жанив тІамуна гьев кІиявго. Сардилъ мех букІиндал, рогьинегІан туснахъалъур тана гьел. Гьале вачІун гьесда цеве чІарав Бичасул малаикасул нуралъ туснахърукъ къалъ-къалъизабуна. Хьолболъ квер тункун макьидасаги вигьинавун: «Хехго тІаде вахъа!» – ян абуна малаикас Пётрида. Гьесул кверазда рукІарал маххул рахсал рортун ана гьебмехалъ. Цинги малаикас гьесда абуна хьиталги парталги ретІеян. Гьес хьиталги парталги ретІана. Нахъеги абуна, мугъзаде гІабаги рехун, жинда хадув вачІаян. Пётр гьесда хадув къватІиве лъугьана. Амма гьесда ракІалде кколеб букІана гьев малаикас гьабулеб бугебщинаб жо жинда цебетІамулеб бугилан. Цо хъаравулзабазда, цинги цоги хъаравулзабазда цересан ун, туснахъалъусан шагьаралде бугеб маххул кавудухъе щвана гьел. Каву жибго рагьун ана. Гьениса къватІире лъугьун ун цо къватІ лъугІулеб бакІалде щведал, малаик цевеса тІагІана. Тохлъукьего кутакалда ракь багъарана. КьучІдасанго гьаргьадизе лъугьана туснахъалъул къадал. ГьебсагІат киналго нуцІби рагьун ана, туснахъалъур ругезда ран рукІарал хІухьдул рортун ана.
Выбор основного перевода