Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу. Гьез Аллагьасе рецц гьабулеб букІана, халкъалъе гьелги рокьулел рукІана. Аллагьас щибаб къоялъ гьезул агьлуялда гьоркьоре лъугьинарулел рукІана хвасарлъарал гІадамал. Амма гьезухъ гІенеккарал гІемерисел гІадамал гьез бицаралда божана, гьедин гьезул агьлуялда щуазаргогІанасев чи гІуна. Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна. БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьеб рагІидал, киназго Аллагьасе рецц гьабуна. Цинги гьез Павелида абуна: – Балагье, вац, гьанир жугьутІазда гьоркьоса ГІисаде иман лъурав аза-азар чи дудаго вихьизе. Гьез киназго кьуричІого цІунула Мусал къанунал.
Выбор основного перевода