Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дуниял бижаралдаса нахъе гІодобе тІураб тІолабго бацІцІадаб бидул хІакъ нужеда тІаде ккезе буго. ВацІцІадав Гьабилидаса байбихьун, цинги Мукъадасаб Рукъалъул минаялдаги къурбан хъолеб бакІалдаги гьоркьов шагьидлъарав Барахиял вас Закарияде щвезегІан нужеца чІварал аварагзабазул би буго гьеб. Кинабго халкъалъ жаваб кьуна: – Гьесул бидул хІакъ нижедаги нижер лъималаздаги тІад буго. Аллагьасул хІукмуги къадарги гьединаб букІиндал, мунапикъазул квераз хъанчида ван, магІал кьабун, чІвазавуна нужеца. ХІасил, Исраилил тІолабго халкъалда лъан букІа гьев нужеца хъанчида варав ГІиса Аллагьас ТІадегІанавлъунги ва МасихІлъунги гьавуравлъи. ГІумруялъул аслулъун вугев чи чІвана нужеца. Амма Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна. Гьелъие нугІзал руго ниж. АхІун жанирегун, гьезда лъазабуна тІокІаб ГІисал цІар бахъугеян ва гьесул цІаралдалъун вагІза гьабугеян. Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун.
Выбор основного перевода