Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Щибаб къоялъ цоцазулгун ракълида Мукъадасаб Рокъоре хьвадиялда тІадчІана гьел. Жидерго рокъоб бекун чед бикьулаан, ракІ разиго ва ракІ бащадго цадахъ кваналаан. Гьес цІалараб калимаялдасан байбихьун кІалъазе лъугьарав Филиппица гьесие бицана ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабар. гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал. Гьенир Павелида ратана цо-цо философал – Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин. Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе. дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо.
Выбор основного перевода