Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин унаго Дамаскалде гІагарлъидал тохлъукьего зобалаздасан нуралъ къалъ-къалъизавуна гьев. ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. – Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда. – Мун щив, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Шаулица. – Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолев ГІиса, – ян рагІана гьесда жаваб. – Гьанже тІаде вахъун шагьаралде а мун, доба бицина дуда щиб гьабизе кколебали. Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІил чапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ?
Выбор основного перевода