Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи.