Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьез абун букІана МасихІ ГІисае гІазаб-гІакъуба кьезе бугилан, хваразда гьоркьоса тІоцеве тІаде вахъинеги вугилан ва нижер халкъалдаги цогидал халкъаздаги Нур бихьизе бугилан. Гьединлъидалин нужеда гьоркьор загІипалги унтаралги гІемерлъун ругел, цо-цоял холелги ругел. Иман лъуразул агьлу черхлъун рикІкІани, гьелда тІад бетІерлъун вуго МасихІ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тІоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Эмен – Аллагьасе рецц. Хваралъуса ГІиса МасихІ вахъинавиялдалъун, кІудияб цІоб лъун, гьес нилъее цІияб гІумру кьуна. Гьедин чІаголъизабуна зобалазда цІунараб холареб, хъублъулареб, бечІалареб лъикІаб бутІа щвеялде бугеб нилъер хьул. ва ритІухъав нугІлъунги вугев, хваралъусаги тІоцеве вахъунев дуниялалъулго ханзабазул парччахІ ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Гьесие нилъ рокьула, жиндирго биялдалъун нилъ гьес нилъер мунагьаздаса рацІцІад гьаруна,
Выбор основного перевода