Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун дун хвасар гьавулев Аллагьасе рецц! Дир гІакълуни Аллагьасул Къануналъул лагъ буго. Амма дир мунагьаб напс мунагьаб хасияталъул лагъ буго.
Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна.
Аллагьасдасан лъугьаравщинав дуниялалдаса бергьуна! Дуниялалда тІад босараб бергьенлъи – гьеб ккола нилъер божи-иман.
ГІиса Аллагьасул Вас вукІиналда божарав чиясда гурони, цоги лъидаха кІвелеб дуниялалда тІад бергьенлъи босизе!