Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Бихьулищ, Аллагь жив гурхІулевги, жинца кьварараб тамихІ гьабулевги вуго! Къосаразе гьес кьварараб тамихІ гьабула. Дудаги гьев гурхІула гьесул цІобалде хьул лъун мун вугебгІан заманалда. Гурони – къотІун рехула мунги! Аллагьас жиндирго гІакъиллъиялдалъун гІаламалъе хІукму къотІана, дуниялалъул гІакъиллъиялдалъун гІаламалда Жив лъазе виччаларилан. Гьесие бокьана иман лъурал гІадамал Рохалил хабаралъул «гІантлъиялдалъун» хвасар гьаризе. Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан.
Выбор основного перевода