Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
РухІалъ кьола чІаголъи. Амма инсанасул мунагьаб напсалъ чІаголъи кьоларо. Дир рагІабазулъан бачІуна нужехъе рухІги чІаголъиги. Адамидаса бахъараб Мусаде щвезегІан киналго хвалил квачІикь рукІана, Адамица гІадинаб мунагь гьабичІелгицин. Нахъа вачІине вугесул сипат-суратлъун вукІана Адам. Цо инсанас гьабураб цохІо мунагь сабаблъун хвалие ханлъи щвараб батани, цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун кигІан гІемерал гІадамазеха парччахІлъи щвезе бугеб! Гьарзаго Аллагьасул баркатги щварал ва чІорого ритІухълъизеги гьарурал гьел гІадамазе чІаголъи насиблъила. Гьес лъугьинаруна ниж ЦІияб къотІиялъе хъулухъ гьабизе ярагьунеллъун. ЦІияб къотІиялъул аслу-кьучІ хІарпазулъ гуро бугеб, РухІалъулъ буго. ХІарпалъ хвезарула, РухІалъ чІаголъизарула! Гьаниб БетІергьан абураб рагІул магІна ккола Илагьияб РухІ. Аллагьасдасан бачІараб РухІ бугеб бакІалда эркенлъиги букІуна!
Выбор основного перевода