Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Рахъун гьебсагІатго Иерусалималде тІадруссун ана гьел. Гьенир ратана анцІила цо чапарги гьезда цадахъ рукІаралги. Гьелъул бицунел гьел рукІаго, тІаде вачІун, ракълида хутІагийилан саламги кьун, рукъ бакьулъ вахъун чІана ГІиса. ГІазаб-гІакъуба хІехьон хадубги ГІисаца живго чІаго вукІин чапарзабазда бихьизабуна, гьезул щибниги щаклъи кколаредухъ. КІикъого къоялъ бажарана гьев вихьизе, ва гьес гьезда бицана Аллагьасул ПарччахІлъиялъул. Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. ТІадегІанав ГІисал вац Якъуб гурони, цогидал чапарзаби дида рихьичІо.
Выбор основного перевода