Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нуж хІикмалъуге гьелда, киналго хабалъ ругезда Аллагьасул Васасул гьаракь рагІулеб заман бачІине буго: лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. Аллагьасул баркат мунагьалде данде кквезе бегьуларо. Цо инсанасул мунагь сабаблъун гІемерал гІадамал хвана. КигІан гІемерав чиясеха баркат щвараб цо инсан, ай ГІиса МасихІ сабаблъун. ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана.
Выбор основного перевода