Хваралъуса вахъинавиялъул Павелица рехсей гьабидал, цо-цояз гьев гІад-хочІ гьавуна, цогидаз абуна гьелъул бицине цоги нухалъ вачІайилан.
ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги,
– гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго.