Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ТІухьдузда хъван буго: «Мун сабаблъун ниж щибаб къоялъ хвалил бадире ралагьун руго. Мун сабаблъун ниж рикІкІунел руго хъвезе рачун унел чахъабилъун». Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж – чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе – малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи...
Выбор основного перевода