Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Гьезие тамихІги буго абадияб гІумруялдаса махІрумлъизари. Гьезда ТІадегІанав вихьизе виччаларо, гьесул машгьурлъиги къудратги гьезда бихьиларо. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав вачІараб къоялъ, жиндир рахъ ккураз гьев машгьурлъизеги гьавураб ва киналго иман лъураз гьесие реццги гьабураб мехалъ. Нижеца бицаралда божидал, нужни гьезда гьоркьор рукІина. Гьедин чІаголъана тІоцере гІадамал. Цогидал хварал чагІи гьеб азарго сон инегІан чІаголъичІо.
Выбор основного перевода