Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьаб дуниялалде мунагь цо инсан сабаблъун бачІана, мунагь сабаблъун хвелги бачІана. Киназго мунагь гьабидал, хвелги киназдего бачІана. ХІакъикъаталдаги, цо инсанасул мунагь сабаблъун, гІемерал гІадамазе суд гьабуна. Гьединго, цо инсанасул лъикІаб иш сабаблъун, киналго гІадамал ритІухълъана ва гьезие чІаголъиги щвана. Гьаб панадуниялалда нилъ чІолеб бакІ биххараб мехалъ, Аллагьас нилъее рукъ кьезе бугеблъи лъала нилъеда. Зобалазда бугеб инсанасул квераз гьабичІеб абадияб рукъин гьеб. Гьанир ругебгІан заманаялъ пашманго зигардула нилъ, нилъее бокьун букІуна гьеб зобалазул рокъоре лъугьине. Гьаб дуниялалда сундасаго махІрумлъаниги, рукъ гьечІого хутІиларо нилъ гьенир. Гьанир ругебгІан заманаялъ къварилъахъдула нилъ. Гьаб панадуниялалда нилъер бугеб черхалдаса махІрумлъизе бокьиялъ гуребха, зобалазда нилъер букІунеб черх щвезе бокьиялъин. Холеб черх холареб черхалъ хисун гІумру бергьина гьебмехалъ. Илагьияб РухІ аманатлъун нилъее кьурав Аллагьас гьелъиейин нилъ тІаса рищарал. Гьединлъидал нилъ сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун руго. Нилъеда лъала, гьанир рокъор – нилъерго чорхолъ – ругебгІан заманаялъ, нилъ ТІадегІанасдаса рикІкІад рукІин. Беразда бихьулелда рекъон гуреб, божулелда рекъонин нилъ хьвадулел ругел. Сункьаниги киданиги хІинкъулареллъун лъугьун ругелъул, нилъее лъикІаб букІинаан, нилъерго чорхолъа къватІиреги лъугьун, ТІадегІанасда аскІоре гочине.
Выбор основного перевода