ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги.
ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе.
Абадиялъего вукІина гьев Якъуб аварагасул халкъалъул ПарччахІлъун, ва гьесул ПарччахІлъиялъе ахирго букІине гьечІо.
Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила.