Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро. Гьарарасе кьола, балагьарасда батула, бухарасе нуцІаги рагьула. Нужеда гъорлъ вугищ цониги чи, васас чед гьарараб мехалъ, гьесухъе гамачІ кьолев? Яги ччугІа гьарани, гьесухъе борохь кьолев? Нужго квешал ругониги, нужеца лъималазе лъикІабщинаб кьолеб мехалъ, жинда гьарарасе лъикІабщинаб жо кигІан цІикІкІундай кьелеб зобалазда вугев нужер Инсуца! Цоги абулеб буго дица нужеда: нужер кІигояв рекъон дуниялалда нужеца щиб гьараниги, Зобалазда вугев дир Инсуца тІубазабила гьеб. Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, – Васасдалъун Эмен машгьурлъизе. Дир цІар рехсон нужеца щиб дида гьараниги, гьеб дица тІубазабила. Нуж дилъ ругони, дир рагІабиги нужелъ хутІани, гьебмехалъ нужеца гьарарабщинаб лъугьина. Гьеб къоялъ нужеца дида щибниги гьикъиларо. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: нужеца щиб гьараниги, дир цІаралъе гІоло, кьела нужее дир Инсуца. Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола. Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула. Нилъеца гьарарабщинаб гьесда рагІулеб букІин нилъеда лъани, нилъеда лъала гьарарабщинаб гьесдасан щвезе букІинги.
Выбор основного перевода