Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЯхІя чІвазе бокьун букІана Гьеродие. Амма халкъалъукьа хІинкъана, киназго гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Гьез абуна: – Цояз абулеб буго ЯхІя авараг вугилан. Цояз абулеб буго Иляс авараг вугилан, Иеремия яги цогидав авараг вугилан абулел чагІиги руго. – Галилеялъул Назарет шагьаралдаса ГІиса авараг вуго, – ян жаваб кьуна гьезие гьесда хадуб бачІунеб букІараб халкъалъул руккалилъан. ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал». ГІисал гьеб калам рагІидал, диниял гІалимзабиги чІахІиял кашишзабиги ургъизе лъугьана гьев тІагІинавизе рес киндай батилаян. Гьесукьа хІинкъун рукІана гьел, щайгурелъул ГІисал гІелмуялъ тІолабго халкъ хІикмалъизабун букІиндал. ГІадамаздасан букІанин абуни...» Гьедин абизеги, халкъалъукьа хІинкъун рукІана гьел, киназго ЯхІя хІакъав авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: – КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь. Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. Халкъалъукьа хІинкъун чІухІби-хІакимзабазда кІвечІо гьезие кинаб бугониги тамихІ гьабизе ва, дагьалги цІакъ хІинкъизеги гьарун, нахъе риччана. Жив сахлъиялдалъун мугІжизат загьирлъарав дов чи вукІана кІикъого соналдасаги цІикІкІараб гІумруялъул чи. Гьесухъ ралагьун киназго Аллагьасе рецц гьабулеб букІана.
Выбор основного перевода