Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие.
ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо», – ян.
Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго!