Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьев ГІиса вуго къадалъ лъезецин ярагьунарилан нужеца – къадахъабаз – нахъе рехараб, амма цололъ лъезе ккараб гамачІ. ТІухьдузда хъван буго: «Балагье, дица Цион магІарда тІад лъун толеб буго гІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо», – ян. ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо». Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени – «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго». Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, – гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб.
Выбор основного перевода