Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, – гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо. бищунго кІудиял кашишзабилъун рукІана Гьанна ва Кайафа. Гьеб заманаялда Закариял вас ЯхІяе гІицІаб авлахъалда Аллагьасул илгьам лъугьана. Амма фарисеязги диниял гІалимзабазги лъадалъ ччун рахъизе инкар ккуна ва жидее бугеб Аллагьасул амру къабул гьабичІо.) Гьале Аллагьас витІун вачІана ЯхІя абулев чи. Иерусалималдаса ягьудияз кашишзабиги левиталги мун щивилан гьикъизе ритІун рачІараб мехалъ, жиндирго хІакъалъулъ нугІлъи гьабун, гьес инкар гьабичІо, гьев мукІурлъана – жив МасихІ гурилан мукІурлъана ЯхІя. Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес. Ахиралда гьез гьикъана: – Щивха мун? Ниж дуда аскІоре ритІарал гІадамазда щибилан нижеца бицинеб? Дуцаго щивлъун мун рикІкІунев? ЯхІяца жаваб кьуна: – Дун вуго, Ишая аварагас абухъе: «БетІергьанасе нух къачІайилан авлахъалда ахІдолев вугев чи!» Гьел рукІана фарисеяз ритІарал гІадамал. Гьез гьикъана: – Мун МасихІги гурев ватани, Илясги гурев ватани, аварагги гурев ватани, гьал гІадамал лъадалъ ччун щайха дуца гьазул мунагьал чурулел ругел? ЯхІяца жаваб кьуна: – Дица нуж, мунагьал чуризе лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьарулел руго, амма халкъалда гьоркьов вуго цо Чи. Нужеда лъаларо гьев. Дида хадув вачІунев вуго гьев. Гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун. Гьеб гара-чІвари ккана Иордан гІурул доб рахъалда бугеб Бетаниялда. Гьенир лъадалъ ччун рахъулел рукІана ЯхІяца гІадамал. Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи».
Выбор основного перевода