Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цогидаз парччахІасул рагьтІателал, кквезеги ккун, инжитги гьарун, чІван руго. Гьале дица нужехъе ритІулел руго аварагзабиги, гІакъилзабиги, гІалимзабиги. Гьезул цоял нужеца чІвазе ва хъанчида разе руго. Цогидал нужерго синагогабазда жанир цІалаца рухизе руго, цо шагьаралдаса цогидалде лъутизаризе руго. Вай Иерусалим, Иерусалим! Аварагзаби чІвалеб ва духъе ритІарал Аллагьасул илчизабазда ганчІал речІчІулеб шагьар! Чан нухалъха дие бокьун букІараб, къурщица тІанчІи гІадин, дур гІадамал дирго кваркьиялда гъоркье рачине, амма нужее гьеб бокьичІо. Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана. ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал.
Выбор основного перевода