Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Иерусалималде щваравго, ГІиса Мукъадасаб Рокъове лъугьана ва, киса-кибего бер щвезабун, хал-шал гьабуна. МаркІачІубер рукІкІинехъин букІиндал, анцІила кІиявго чапарги вачун, ГІиса Бетаниялде тІадвуссана. Бетания шагьаралдаса Лазарилан абулев цо чи унтун вукІана. Гьеб Бетаниялда яшав гьабун рукІана цо Марям абулей гІаданги гьелъул яц Мартаги. Гьеле гьей Марямицайин ГІисал хІатІазда махІ гьуинаб нах бахараб ва жиндирго ботІрол расуца гьел ракъвазарурал. Гьелъул вац вукІана Лазар. Гьединлъидал гьанже тІатун хьвадулев вукІинчІо гьев Ягьудиялъул ракьалда. Гьениса вахъун, жиндирго муридалги рачун, ГІиса ана гІицІаб авлахъалъул рагІалда бугеб Эфраим абулеб шагьаралде. Пасха тІаде щвезе анлъго къо хутІараб мехалъ, ГІиса вачІана гьес хваралъуса вахъинавурав Лазарил росулъе Бетаниялде. Гьениб гьесие къасиялде квен къачІан букІун, Марта гьезда цебе квен-тІех лъолей йикІана, Лазарги вукІана ГІисадаги гьалбадеридаги цадахъ кваназе гІодов чІун. Берцинаб махІалъул цІакъго хирияб нахул гелавкаги босун ячІун, Марямица ГІисал хІатІазда бахана гьеб ва жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел. Гьеб нахул цІакъаб гьуинаб махІалъул цІуна рукъ. Гьесул муридлъун вукІарав ва хилиплъизе вугев Ягьуда Искариотица абуна: – Гьеб нах бичун букІарабани, лъабнусго динар щвелаангури ва мискинзабазе садакъаде кьезе бегьилаан гьеб. (Мискинзабазул ургъел ккун гуро Ягьудаца гьедин абураб. ЦІогьор вукІана гьев. Киназулго гІахьалаб гІарац жаниб лъураб таргьа Ягьудахъ букІана, гьеб гІарацгицин ккезабулаан гьес жиндирго чвантинибе.) – Гьей жийго те, – ян абуна ГІисаца. – Дун хабалъ вукъулеб къоялде нахъе лъун тун букІун буго гьелъ гьеб нах. Мискинзаби кидаго ратила нужеда аскІор. Дунин абуни, кидаго гуро нужгун вукІунев.
Выбор основного перевода