Гьесда цебе-цебе унеб халкъалъул руккелалъги хадур рачІунез туркиги ахІулеб букІана: – Гьошанна! Давудил васасе рецц! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц!
Халкъалъул руккалилъ рукІарал цо-цо фарисеяз абуна ГІисада: – Я, НасихІатчи! РуцІцІун чІезаре гьал дурго муридал!