Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вугин гьевилан. НекІо заманаялда рукІарал аварагзабиго гІадинав авараг вугин гьевилан абулел чагІиги рукІана. ХІакъикъаталдаги жакъаги, метерги, сезеги дун Иерусалималдехун валагьун инчІого гІоларо. Гьенив гурони авараг чІвазе къотІи гьечІелъул. ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг. Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. Мусаца абун букІана: «БетІергьан Аллагьас нужее дун гІадинав авараглъун вахъинавила нужер вацазда гьоркьоса чи. Гьес щиб абуниги, гьелъухъ гІенекке нуж.
Выбор основного перевода