Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
бецазда канлъи бихьулеб бугин, бохдулъа ракъварал рилълъанхъулел ругин, барасалъ унтарал рацІцІалъулел ругин, гІинкъазда рагІи рагІулеб бугин, хварал чІаголъулел ругин, мискинзабазда Рохалил хабар бицунеб бугин. Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана. Эбелалъ гьавуралдасаго кІиябго бохалда рекъав, щибаб къоялъ гІадамаз восун вачІун Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» лъун толев ва гьенире рачІаразул садакъаялдалъун бетІербахъарав цо пуланав чи вукІана гьенив. Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре рачІунел рихьун, гьездаги садакъа гьарана рекъас. Гьесда бер речІчІана Пётрилги Иоаннилги. Пётрица гьесда абуна: – Нижехъ валагье! – ян. Садакъаялде хьул лъун, лъикІго гьезухъ валагьун чІана гьев чи. Пётрица абуна: – ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун! Кваранаб кверги ккун, Пётрица тІаде вахъинавуна гьев. ГьебсагІат рицІимахІабазулги накабазулги щукІдул ритІа-ришун ун, гьункьун тІаде вахъана ва вилълъанхъизе лъугьана. Гьезда цадахъ Мукъадасаб Рокъове лъугьун, Аллагьасе реццги гьабулаго, векерахъдизе-кІанцІезе лъугьана. Кинабго халкъалда бихьана, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьев вилълъанхъулев. Гьезда лъана Мукъадасаб Рукъалъул «Берцинаб кавудухъ» садакъа гьарун бетІербахъиялда вукІарав чи гьев вугевлъи. Гьесие лъугьараб жо бихьидал, гІадамал хІикмалъана, хІайранлъана.
Выбор основного перевода