Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса. Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. Гьаб умматалда цадахъ яхъина къиямасеб къоялъ Къилбаялъул парччахІги. Гьелъ гІайиб чІвала гьазда, гьей дуниялалъул рагІалдаса яхъарай ячІиндал Сулайман аварагасул гІакъилаб рагІухъ гІенеккизе. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Сулайман аварагасдаса. Ниневиялъул халкъги бахъина къиямасеб къоялъ гьаб умматалда цадахъ ва гьезги гІайиб чІвала гьазда, Юнус аварагасухъ гІенеккун гьел Аллагьасде руссиндал. Гьале гьанив вугевав гІемерго тІадегІанав вуго Юнус аварагасдаса.
Выбор основного перевода