Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» – абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи. Гьебго къоялъ рокъоса къватІиве вахъун ралъдал рагІалде ун гІодов чІун вукІана ГІиса. ГІадамазул кІудияб руккел бакІарун букІана гьенибе. Гьединлъидал гьев росоде вахине ккана, тІолабго халкъин абуни ралъдал рагІалда чІун букІана. БатІи-батІиял мисалалги рачун, гІемераб хабар бицана гьезие ГІисаца: – Хуриб хьон хьазе вахъун вукІанила цо чи. Хьалаго-хьалаго цо-цо мугьал нухде рортанила, роржун рачІун хІанчІаз рищанила гьел. Цо-цо мугьал ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде кколел рукІанила. Ракь тІеренаб букІиндал, гьел гьенир хехго тІирщанила ва тІаде раккизе лъугьанила. Амма бакъ тІад речІчІарабго речІан анила гьел ва, гъваридго ракьулъе кьалбал риччан рукІинчІелъул, хеккого ракъванила. Цогиги мугьал заз-хъарахъалде гъорлъе кканила, хІалигъун бижараб чІахІицаги зазицаги гьел гъанкъун реханила. Цогидал мугьал кканила лъикІаб ракьалда тІаде, гьезул цоязда лъугьанила нусго мугь бугеб тІор, цогидазда – лъабкъого мугь бугеб тІор, цогидазда – лъеберго мугь бугеб тІор. ГІундул ругезда рагІизе биччанте гьеб! ГІисада аскІоре рачІун муридаз гьикъана щай мун дозда мисал бачун кІалъалевилан. Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо. Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул. Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги». Гьардарал гурищха нужер берал, гьезда бихьулеб бугелъул. Гьардарал гурищха нужер гІундул, гьезда рагІулеб бугелъул. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІемерал аварагзабазеги вализабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. Гьанже гІенекке, хуриб хьон хьалев вукІарав чиясул хІакъалъулъ дица бачараб мисалалъул магІна бицинин нужеего. Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицаралъухъ гІенекканиги, гьеб бичІчІичІев чиясул рекІелъе лъугьарал рагІаби бачІун илбисалъ рикъун ина. Гьеб ккола нухде рортарал мугьазул магІна. Ракьул хъал гурони тІад гьечІеб тІалде рортарал мугьал – гьел ккола Аллагьасул рагІи рохун къабул гьабурал гІадамал. Амма рекІел гъварилъуда кьалбал гьечІелъул, гьеб халат хутІуларо. Къабул гьабураб рагІи сабаблъун хІинкъабиги къварилъабиги тІаде ккараб мехалъ, гьединав чияс къо хІехьоларо. Заз-хъарахъалде гъорлъе рортарал мугьал – гьел руго Аллагьасул рагІухъ гІенеккулелал. Амма гьаб дуниялалъул тІалаб-агъазалъ ва бечелъизе бугеб гъираялъ гъоркькъинарула гьел мугьал, гьезда тІорги баларо. ЛъикІаб ракьалде рортарал мугьал – гьел руго гьеб рагІи рагІулелал ва бичІчІулелал. Гьезул тІоразда бижила цоязда нусго нухалъ, цогидазда лъабкъого нухалъ ва цогидазда лъеберго нухалъ цІикІкІун мугь. Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда. Амма гІадамал кьижараб мехалъ вачІун тушманас гьесул ролъул хурибе чІахІил хьон хьан буго ва нахъе ун вуго. Ролъ тІаде баккун, тІор балеб мехалъ, хуриб чІахІги загьирлъун буго. РачІун хурул бетІергьанасда абун буго гьесул рагьтІателаз: – Я, бетІерчІахъад, лъикІаб хьон гурищ дуца хуриб хьан букІараб? ЧІахІица бацун буго гури доб. Тушманас гьабун батилин гьеб ишилан абун буго хурул бетІергьанас. Доб чІахІ бахъизе инищилан абун буго лагъзадерица. Унгейилан абун буго гьас. ЧІахІ бахъулаго цадахъ ролъги бахъизе гурин нужеца. Хур лъилъизе заман щвараб мехалъ, дица лъилъарухъабазда абила батІаго лъилъун, бухІизе чІахІил гулал къайилан, ролъги дир цагърахъе байилан. Мисал бачун, цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хурибе цо пуланав чияс хьараб горчицаялъул хьодул мугьалда. Гьеб буго киналго хурдузул хьоназда гьоркьоб бищунго гьитІинаб хьодул мугь. Амма гьелдасан лъугьуна хъархъаздасаги кІудияб гъветІ. Роржун рачІун хІанчІаз бусаби гьарула гьеб гъотІол гІаркьалабазда. Цогиги мисал бачана ГІисаца гьезие: – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланай чІужугІаданалъ ханждал лъабго къалиялда гъорлъе рехараб ва тІубанго гьеб беччизабураб реччеялда. ГІисаца гьеб кинабго мисал бачун бицана халкъалъе, мисал гъорлъ гьечІеб каламго букІунароан гьесул. Цо аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухъ гьабулеб букІана гьелъ: «Дунял бижаралдаса балъго хутІарал ишал, Харбилъ мисалал рачун, рицина дица нужей». Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян. Гьес бицана: – Хуриб лъикІаб хьон хьалев чи ккола ГІадамил Лъимер. Хур ккола дуниял. ЛъикІаб хьон ккола ПарччахІлъиялъул агьлу. ЧІахІ ккола илбисалъул агьлу. ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби. Хуриса чІахІ бецун цІадабе балеб гІадин букІина къиямасеб къоялъги. ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги – киналго. Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. РитІун ккаралал гьебмехалъ рукІина жидерго Инсул ПарччахІлъиялда бакъ гІадин кенчІелел. РагІизе гІундул ругезда гьеб рагІила! Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна цо пуланав чиясда чияр хуриб батараб хазинаялда. Гьесги гьенибго бахчун тун буго гьеб. Гьелдаса вохиялъ, инеги ун, кинабго жиндирго боцІи-рикъзиги бичун, гьеб хур босун буго гьес. Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна бищунго берцинаб жавгьар балагьулев вукІарав цо базарганасда. Батун буго гьесда бищунго къиматаб жавгьар. Инеги ун, кинабго жиндирго букІанщинаб боцІи-рикъзиги бичун, босун буго базарганас гьеб жавгьар. Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго. ЦІураб мехалъ ччугІихъабаз гьин рагІалде цІан буго. ГІодорги чІун, лъикІаб ччугІа батІа гьабун гьез гьагьинибе бан буго, квешаб нахъе бан буго. Гьедин букІине буго къиямасеб къоялъги. РачІун малаикзабаз лъикІалги квешалги гІадамал ратІа гьаризе руго. Цинги квешал цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго. Дир амруял нужеца тІуразаруни, нуж дир гьудулзаби руго. Гьел руго жеги дуниялалде рачІиналдего Аллагьас тІаса рищун рукІарал гІадамал. ГІемерал вацазда гьоркьов гьесул Вас тІоцевесевлъун лъугьинелъун, гьесул Васасда релълъарал лъугьине цогидаздаса ратІа гьарунги рукІана гьел гІадамал. Гьанжеялдаса хадуб нилъеца лъиениги къимат кьезе бегьуларо гІадамазул гІакълу-пикруялдалъун. Цере нилъ МасихІихъги ралагьулел рукІарал ратани гІадамазул бераздалъун, гьанже тІокІаб гьабулеб гьечІо нилъеца гьедин. Гьеслъидал гІадамал рацІцІалъизарулел. Жинца гІадамал рацІцІалъизарулевги ва жал рацІцІалъизарулелги ЦохІо вугесдасан рачІарал руго. Гьединлъидалин ГІиса намуслъуларев гьел жиндир вацал ругин абизе.
Выбор основного перевода