Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: къиямасеб къоялъ Содомалъул ва Гоморраялъул халкъ гІемерго лъикІ букІина гьеб шагьаралъул халкъалдаса. Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ. МацІ – гьеб ккола цІа. Гьаб дуниял мунагьазул цІун бугеб гІадин, нилъер черхалъул цогидал лугбазда гьоркьоб мунагьазул цІураб лага буго гьеб. Гьелъ нилъер тІолабго напс хъублъизабула ва инсанасул кинабго гІумруялда цІа рекІинабула, жибгоги жужахІалъул цІаялъ бухІула. МацІалца гьабула нилъер Эмен Аллагьасе рецц, амма гьебго мацІалца какула жиндаго релълъун Аллагьас рижарал гІадамал. НасихІат гъорлъ бугеб ва гІенеккаразе сундулъго пайдаяб гурони, цониги квешаб рагІи бачІунгеги нужер мацІалде. Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе.
Выбор основного перевода