Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Фарисеязни абулеб букІана жундул рачахъизе гьесие жундузул ханас кумек гьабулеб бугилан. Жиндирго мугІалимасда ващалъани, гІола мутагІиласе, жиндирго бетІергьанасда ващалъани, гІола лагъасеги. Рукъалъул бетІергьанасда жундузул ханилан цІар лъун бугони, гьесул рукъалъул агьлуялда кигІан квешаб цІардай лъела. Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: – Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян.
Выбор основного перевода