ГІисахъе рачІана фарисеялги саддукеялги. Гьесул хІалбихьизелъун гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.
Гьенир ГІисахъе рачІун, цо-цо фарисеял лъугьана гьевгун дагІбадизе. Гьесул хІалбихьизелъун, гьез тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.
Угьун хІухьелги биччан, ГІисаца абуна: – Щай гьаб умматалъ гІаламат тІалаб гьабулеб? ХІакълъун абулеб буго дица: гьаб умматалъе гІаламат букІине гьечІо.
Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.
Гьенир рукІарал ягьудияз ГІисада гьикъана: – Дуца кинаб гІаламаталдалъун нижеда бихьизабилеб гьеб киналъего дур ихтияр букІин?
– Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? – ан гьикъана гьез ГІисада.
ЖугьутІаз мугІжизат-гІаламат тІалаб гьабулеб буго, греказги гІакъиллъи-гІалимлъи балагьулеб буго.