Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса гьениса тІадвуссун унаго, кІиго бецав чи вачІунев вукІана хаду-хадув. – Я, Давудил Вас ГІиса! ГурхІа мун нижеда! – ян ахІулеб букІана гьез. Ханааналдаса цо гІадан ячІана ГІисада аскІое ва гІодилаго ахІдезе лъугьана: – Я, БетІерчІахъад! Я, Давудил Вас! ГурхІа мун дида. Дир яс йиго шайтІабаз ккун кутакаб гІазабалда гъоркь. Гьесда цебе-цебе унеб халкъалъул руккелалъги хадур рачІунез туркиги ахІулеб букІана: – Гьошанна! Давудил васасе рецц! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Гьошанна! ТІадегІанав Аллагьасе рецц! ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев.
Выбор основного перевода