Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дуниял рогьарабго, чІахІиял кашишзабазги халкъалъул чІухІби-хІакимзабазги – киназго ГІисада дандечІараб хІукму гьабуна гьев чІвазе къотІизе. Гьез ГІисада гьикъана: – Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун. ГІисаца щибаб къойил гьеб Мукъадасаб Рокъоб гІадамазе вагІза гьабулеб букІана. ЧІахІиял кашишзабаз, диниял гІалимзабаз ва чІухІби-хІакимзабаз хІаракат бахъулеб букІана гьев тІагІинавизе рес ккелародайилан. Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз. Шамат къоялъул къанун хвезабураб гІечІого, гьес Аллагь жиндирго эменлъун рикІкІунев вугилан, Аллагьасда живго ващалъизавулевги вугилан, гьез гьанже дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана ГІиса чІвазе.
Выбор основного перевода