Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: – Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе. ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: – Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал,
Выбор основного перевода