Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьел къватІире индал, ГІисахъе вачун вачІана жундуз ккурав мацІ лъаларев чи. ГІисаца жен бачахъидал, гаргадизе кІвана гьесда. Исраилил халкъалда гьоркьоб гьединаб лъугьа-бахъин киданиги ккун букІинчІилан гІажаиблъун хутІана гІадамал. Доб къоялъ гІемерав чияс абила дида: «БетІерчІахъад! БетІерчІахъад! Дур цІаралдалъун гурищ нижеца Аллагьасул амру халкъалъе загьир гьабураб? Дур цІаралдалъун гурищ шайтІаби рачахъарал? Дур цІаралдалъун гурищ нижеца гІемерал хІикматал ишал гьарурал?»
Выбор основного перевода