Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж? Гьединлъидал нуж хІинкъуге: киналго къудкуздаса хириял руго нуж. Нужер бетІералда чан рас батаниги, гьелги рикІкІунин ругел. Нуж хІинкъуге, киналго къудкуздаса хириял руго нуж. Гъудузухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Аллагьас хьихьун руго гьел. Амма хІанчІаздаса гІемерго хириял руго нуж. ГьебсагІатго сахлъана гьев чи. Жиндирго турутги босун унев вукІана. Гьеб букІана шамат къо. Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? (ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.)
Выбор основного перевода