Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьенив вукІана цояб квер бакъварав чиги. ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун, гьесда гьикъана шамат къоялъ гІадамал сахлъизаризе къануналъ изну кьолебищилан. ГІисаца шамат къоялъ гьей гІадан сахлъизе гьаюнилан ццин бахъарав синагогаялъул хІакимас гІадамаздехун вуссун абуна: – Анкьида жаниб анлъго къо буго нилъ хІалтІизе кколеб. Шамат къоялъ рачІинчІого, гьел цогидал къояз рачІа нужго сахлъизаризе. ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: – Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? Гьединлъидал ягьудияз гьесда абуна жакъа шамат къоялъ дуца турут кодоб ккун баччизе бегьуларилан. Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел?
Выбор основного перевода