Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Жиндир хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейиланги лъазабулаан. Гьеб магІардаса гІодоре рещтІунеб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна ГІадамил Лъимер хваралъуса вахъинегІан гьаб нужеда бихьараб гІаламаталъул лъиданиги цІар бахъугейилан. Муридаз ГІисада гьикъана: – Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: – БитІараб буго, Иляс вачІине кколаан ва гьес кинабго къачІан тезеги кколаан. Дица нужеда абулеб буго: Иляс вачІун вукІана, амма гІадамазда гьев лъачІо, жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие, ГІадамил Лъимадуеги гІазаб кьезе буго гьез. Гьебмехалъ муридазда бичІчІана гьес ЯхІя аварагасул хІакъалъулъ бицунеб букІин. ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. Лъиданиги гьеб бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьезда. Гьев ГІиса Аллагьас хваралъуса вахъинавуна, гьале ниж киналго руго гьелъие нугІзаллъун.
Выбор основного перевода