базаркъотІноб халкъалъ жидеего салам кьезе ва гІадамаз жидеда мугІалимзабийилан абизе.
Муса вукІана Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъе хилиплъуларев чи, гьес нугІлъи гьабулаан хадусеб заманалда Аллагьасул рагІи рещтІине букІиналъе.
МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.